Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Луки
Параллельные места
Дица Инсуда гьарила ва гьес нужехъе битІила абадул абадиялъ нужедаса батІалъичІого нужер ракІбатизабулеб Нужер ракІбатизабизе дир Инсудасан бачІунеб РитІухълъиялъул РухІ Инсухъан дица нужее битІараб мехалъ, гьелъги нугІлъи гьабила дие. Амма хІакълъун абулеб буго дица нужеда: дун ун лъикІ нужее. Дун инчІони, нужер ракІбатизабулеб РухІ бачІине гьечІо. Инеги ун, дицайин нужехъе гьеб битІизе бугеб. Цадахъ кваналев вукІараб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна: – Дица нужеда абураб къагІидаялъ, Инсуца нужее кьураб рагІи тІубазегІан, Иерусалималдаса нахъе унге нуж. Амма Илагьияб РухІ нужехъе рещтІараб мехалъ, къудратги щвела нужее. Цинги дир хІакъалъулъ бицунел нугІзаллъун рукІина нуж цин Иерусалималда ва тІолабго Ягьудиялдагун Самариялда, цинги дуниялалъул рагІалде щвезегІанги. КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрамалда киналго цо рокъоре данделъун рукІана. Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана.
Выбор основного перевода