Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Живго Давуд Аллагьас зобалазде восун ун гьечІониги, гьес абурал гьадинал рагІаби руго: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“». Цинги, гьевги тІаса рехун, Давуд авараг гьезие парччахІлъун гьавуна. Гьесул хІакъалъулъин Аллагьас гьадин абураб: «Дица Йессейил вас Давуд тІаса вищана. Гьев Дие рекІее гІуна. Дие бокьарабщинаб гьабизе буго гьес». Инсан хІисабалда Давудил наслуялъул васлъун кколев, Илагьияб РухІалъул рахъалъ босани, кІудияб къудраталъ хваралъуса вахъинавидал, Аллагьасул вас вукІин загьирлъарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъалъулъ хабар буго гьеб. Гьезда гьоркьоса рахъана цересел аварагзаби, инсан хІисабалда МасихІги гьезул наслуялъул вуго. Бищунго тІадегІанавлъун вугев Аллагьасе абадияб рецц! Амин.
Выбор основного перевода