Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Жидерго мунагьал рехсон хадур, Аллагьасде руссун, гьезул мунагьал чуризе, Иордан гІурул лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца гІадамал. Дица нуж кантІизелъун, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго. Амма дида хадув вачІунев вуго гІемерго дидаса къудрат цІикІкІарав чи. Гьес тІаса рахъарал хьитал кодоре росизецин мустахІикъав гьечІо дун. Лъадаца гуреб, Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун чурун рацІцІад гьарила гьес нуж. Гьедин вачІана ЯхІя авараг авлахъалде. Нужерго мунагьал чуризе гІоло, кантІун Аллагьасде руссаян ва лъадалъ ччун рахъаян лъазабулеб букІана гьес. Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьаруна дица нуж. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун. Иордан гІоралда сверухъ ругел бакІазде щун, нужерго мунагьал чуризе гІоло, кантІун Аллагьасде руссаян ва лъадалъ ччун рахъаян лъазабулеб букІана гьес. ЯхІяца киназдаго абуна: – Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго дица нуж, амма вачІунев вуго дидасаги гІемерго къудрат цІикІкІарав. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун. Гьез гьикъана: – Мун МасихІги гурев ватани, Илясги гурев ватани, аварагги гурев ватани, гьал гІадамал лъадалъ ччун щайха дуца гьазул мунагьал чурулел ругел? Гьединлъидал цо чи тІаса вищизе ккола, ГІиса хваралъуса вахъанилан гьесги нилъеда цадахъ нугІлъи гьабизе. Гьев вукІине ккола ТІадегІанав ГІиса нилъгун вугеб заманаялда кидаго – ЯхІяца лъадалъ ччун вахъаралдаса зобалазде восун араб къоялде щвезегІан, – нилъеда гьоркьов вукІарав чи. Нужеда лъала Галилеялдасан байбихьун тІолабго Ягьудиялда ккарабщинаб. Гьеб лъугьана ЯхІя аварагас лъадалъ ччун рахъизе кколилан лъазабуралдаса хадуб. Гьев ГІиса вачІиналде ЯхІя аварагас тІолабго Исраилил халкъалда лъазабуна кантІун Аллагьасде руссине лъадалъ ччун рахъаян. Гьелдасаги цебе ТІадегІанав ГІисал Нух жинда бичІчІизабурав чи вукІана Аполлос. Лъадалъ ччун рахъиялъул хІакъалъулъ ЯхІя аварагас малъулеб букІараб гурони лъаларев Аполлосица, кІалдиб цІа ккун, цІакъ дурусго бицунеб ва бичІчІизабулеб букІана ГІисал хІакъалъулъ кинабго жо. Кинха нуж лъадалъ ччун рахъаралилан гьикъидал, гьез абуна жал ЯхІя аварагасул къагІидаялъ лъадалъ ччун рахъанилан.
Выбор основного перевода