Гьев цо нухалда хвана, мунагьалъе хвана гьев. Гьанже гьев чІаго вуго, Аллагьасда цеве чІаго вуго.
Нилъ чІаго ругеб заманаялъ, нилъ рукІуна ТІадегІанасе гІоло гІумру гьабулел. Хвезеги нилъ ТІадегІанасе гІоло хола. ЧІаго ругониги, хун ругониги – ТІадегІанасул халкъ буго нилъ.