Дун жидер ханлъун ккезе бокьун букІинчІел дол дир тушбабийин абуни, гьанире дида цереги рачун, чІвай!»
Киданиги гьабуларо! Аллагьас киданиги хвезабуларо жиндирго рагІи, хІатта киналго гІадамал гьерсихъабилъун лъугьанигицин. ТІухьдузда хъван буго: «Щиб Дуца абуниги, гьеб хІакъаб букІина, Дуде гІайиб гІунтІизабурасдасаги Мун бергьина».
Гьедин абизе бегьуларо! Гьедин бугони, Аллагьас гІаламалъего суд кин гьабилеб?
Божи-иманалъе гІоло Мусал Къанун нахъчІвалебищха нилъеца бугеб? ГьечІо! Къанун гучлъизабулеб буго нилъеца.
Цоги дица гьикъулеб буго: «ГІодор ккезе ва тІокІал тІаде рахъунгутІизе хъван букІунищ гьезул хІетІе хъущтІараб?» – абун. Гуро! Гьел гІодор ккей сабаблъун цогидал халкъалги хвасарлъана, Исраилил халкъ гьезда бахиллъизе.