Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГьебсагІаталъ ГІисаца гьел гІадамаздехун вуссун абуна: – Хвалчабигун, тІилалгун хъачагъасде гІадин кІанцІанагури нуж дун кквезе. Щибаб къоялъ халкъалъе вагІза-насихІат гьабулев Мукъадасаб Рокъов гІодов чІун вукІунаангури дун, гьениб нужеца диде квер борхичІо. Гьелдаса хадуб ГІиса Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабулаго ва Рохалил хабар бицунаго шагьаразда ва росабалъ тирулев вукІана. АнцІила кІиявго чапарги вукІана гьесда цадахъ. Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар.
Выбор основного перевода