Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьезие бокьун букІана ГІиса ккун вачине, амма гІадамазукьа хІинкъана. Халкъалъ гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал. Гьеб мисал жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана чІахІиял кашишзабазда. ГІиса кквезе хІаракат бахъулеб букІана гьез. Амма халкъалъукьа хІинкъун тезе ккана. Живго гьевги тун, нахъе ана гьел. КІиго къо хутІун букІана Пасхаялъул ва РеччичІел Панкъазул Байрамалъул анкь тІаде щвезе. ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана хІилла-рекІкІалдалъун кквезеги ккун ГІиса чІвазавизе рес кколарищали. ГІисаца щибаб къойил гьеб Мукъадасаб Рокъоб гІадамазе вагІза гьабулеб букІана. ЧІахІиял кашишзабаз, диниял гІалимзабаз ва чІухІби-хІакимзабаз хІаракат бахъулеб букІана гьев тІагІинавизе рес ккелародайилан. ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана ГІиса тІагІинавизе санагІат ккелародайилан, амма халкъалъукьаги хІинкъулел рукІана гьел. Шамат къоялъул къанун хвезабураб гІечІого, гьес Аллагь жиндирго эменлъун рикІкІунев вугилан, Аллагьасда живго ващалъизавулевги вугилан, гьез гьанже дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана ГІиса чІвазе. Гьебмехалъ ГІиса кквезейилан лъугьана гьел, амма лъиданиги кІвечІо гьесда квер хъвазе. Гьелъие болжал щун букІинчІо.
Выбор основного перевода