Ибрагьимица абун буго: «Дозие Мусаги цогидал аварагзабиги руго. Гьезухъ гІенеккеян абе».
Дов бечедав чияс абун буго: «Я, дир эмен Ибрагьим, гІенеккуларо гьел! Амма цогІаги хварав чи дуниялалде тІадвуссун вачІани – кантІила, Аллагьасде руссина».
Гьебмехалъ Ибрагьимица абун буго гьесда: «Мусахъги цогидал аварагзабазухъги гІенеккуларел чагІи хваралъуса вахъун вачІарав чиясдаги божиларо», – ян.