Мусадасан байбихьун цогидал аварагзабиги ракІалде щвезарун, МасихІил хІакъалъулъ Илагьияб ТІехьалда хъван бугебщинаб жо бичІчІизабуна гьес гьазда.
Мусаца абун букІана: «БетІергьан Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи. Гьес щиб абуниги, гьелъухъ гІенекке нуж.
Гьев Мусацайин Исраилил наслуялда гьадин абун букІараб: «Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи».