Гьев вачІун вукІана халкъалда цебе гьеб Нуралъе нугІлъи гьабизе, гьесухъги гІенеккун, киналго гьелда божизелъун.
Гьесул хІакъалъулъин ЯхІяца бицунеб букІараб. ЯхІяца ахІулеб букІана: «Дида хадув вачІунев дидаса гІемерго тІадегІанав кколилан дица бицунеб букІарав чи вуго гьев. Дидасаги цеве вукІиндалин гьев тІадегІанав вугев!»