Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Жиндаго сверухъ халкъалъул руккел бихьидал, ГІисаца муридазда абуна ралъдал доб рахъалде рахине кколин нилъилан. Цинги, гІадамалги нахъе ритІун, рокъове щвана ГІиса. АскІоре рачІун гьесул муридаз гьарана ГІисада доб хуриб бижараб чІахІил мисалалъул магІна бицеян. Халкъги нахъе битІун, ГІисаги вачун, гьел рахана гьев тІад вукІараб доб росоде. Цогидал русбиги рукІана гьезда цадахъ. Гьеб халкъалда аскІоса ун рокъоре щвараб мехалъ ГІисада муридаз гьикъана доб кициялъул магІна щибилан. ГІемераб халкъ бачІана гьесда хадуб гьенибеги, унтарал сахлъизарун гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал рихьулел рукІиндал. ГІиса цо магІарде вахана ва жиндирго муридазда цадахъ гьенив чІана. Ккун вачун, гьез жидерго парччахІлъун гьавизехъин вукІин лъайдал, ГІиса нахъеги магІарде ана, щивниги цадахъги вачинчІого.
Выбор основного перевода