Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
ГІисаца гьелда абуна: – Дицайин хварал рахъинарулел, дицайин чІаголъизарулел. Дида божарав чи хваравги чІаголъила. ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дица мун гІемерал халкъазул эменлъун гьавила». Гьес иман лъурав Аллагьасда цеве нилъер эмен вуго Ибрагьим. Хварал чІаголъизарулев, гьечІелъуса щибгоги букІинабулев Аллагьин гьев! МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул РухІ нужелъ бугони, МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьас нужелъ бугеб жиндирго РухІалдалъун чІаголъи кьела холел-унел нужер чурхдузеги. мунагь сабаблъун хун рукІарал нилъ МасихІида цадахъ гьес чІаголъизарурал. Аллагьас баркат лъун хвасарлъана нилъ.
Выбор основного перевода