Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьеб бихьарал фарисеяз ГІисада абуна: – Балагье, Мусал къануналъ шамат къоялъ гьабизе гьукъараб иш гьабулеб буго дур муридаз. Гьебмехалъ фарисеяз ГІисада абуна: – Балагье шамат къоялъ гъоз гьабулеб бугеб жо: Мусал къануналъ гьабизе гьукъараб иш гьабулеб буго. Гьенир рукІарал фарисеяз гьезда абуна: – Шамат къоялъ гьабизе гьукъараб иш щай нужеца гьабулеб? – ан. Гьей гІаданалъ ГІисада абуна: – Дие кье, бетІерчІахъад, гьеб лъим. ТІокІай дун киданиги къечеларо ва гьание лъел цІезе ячІине ккеларо. Дурго росги вачун ячІайилан абуна ГІисаца гьелда. Мусал къануналъ изну кьола нужее шамат къоялъцин сунат гьабизе. Шамат къоялъ чи дица тІуванго сахлъизавунилан щай нуж диде ццидалъ ругел? Цо-цо фарисеял гаргадизе лъугьана шамат къоялъул къанун цІунуларев гьев Аллагьасдасан вачІарав чи гурилан. Цогидаз абуна мунагь-хІакъ тІад бугев чиясда гьединаб мугІжизат бихьизабизе кин кІолебилан. Гьединаб дагІба-къец ккедал,
Выбор основного перевода