Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
– ВачІа! – ян абуна ГІисаца. Росониса къватІиве вахъун, лъеда тІасан ун ГІисада аскІове щвана Пётр. ГІисае вокьулев цо мурид кваналев вукІана гьесул каранда цеве чІун. Эбелги жиндие вокьулев муридги гьенир чІун рихьидал, жиндирго эбелалда ГІисаца абуна: – Я, дир эбел! Гьалеха дур вас! – ан. Екерун ун гьелъ Симон Пётридаги ва ГІисае вокьулев вукІарав дов муридасдаги бицана ТІадегІанав ГІиса хабалъ гьечІин, гьениса восун кив гьев лъуравалиги лъаларин нижеда. Нахъехун вуссиндал, Пётрида вихьана ГІисае вокьулев, ахирисеб сордоялъ дора кваналел рукІаго, гьесул каранде къулун: «Я, ТІадегІанав, щив дуе хилиплъизе вугев?» – ан гьикъарав мурид жидеда хадув вачІунев.
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Выбор основного перевода