ГІисаца абуна гьел киналго гІодор чІезарейилан. ЦІакъ хер керчаб бакІ букІана гьеб. Гьенир харда тІад гІодор чІана щуазаргогІанасев бихьинчи.
ГІисаца чед цебе босана, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун бикьана кваназе гІодор чІарал гІадамазе. БокьарабгІан чедги ччугІаги щвечІев чи хутІичІо гьенив цониги.