Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьениса унаго кІиго чи вихьана гьесда. Гьел рукІана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. Жидерго эмен Зебедайгун цадахъ лъугьун ччугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьел росода тІад. Дида цадахъ рилълъайилан ахІана гьездеги ГІисаца. Гьениса гІемерго рикІкІалъилалде, ГІисада рихьана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. ЧчугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьелги росода тІад. Гьеб ишалъ гьединго кутакалда хІинкъизаруна Симонил гьалмагъзабилъун рукІарал Зебедайил васал Якъубги Иоаннги. Цинги ГІисаца Симонида абуна: – ХІинкъуге! Гьанжеялдаса нахъе дуца, ччугІа гуреб, гІадамалин кквезе ругел. Натанаэл валагьун, Филиппица абуна Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул ТІухьдуздаги жиндир хІакъалъулъ хъван букІарав чи ватанин жидедаян. Гьев вугин Назареталдаса Юсупил вас ГІиса. «КІилъилав» абун тІокІцІар бугев Фомаца цогидал муридазда абуна: – Рилълъа МугІалимасда цадахъ, гьев хваралъур хвезе! АнцІила кІигоязда гьоркьоса «КІилъилав» абун тІокІцІар бугев мурид Фома вукІинчІо ГІиса вачІараб мехалъ гьезда аскІов.
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Выбор основного перевода