Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Цо чанго къоялдасан, нусиялда къогогІанасев диналъул вац данделъараб бакІалда, гьезда цевеги вахъун, Пётрица абуна: Цо балъголъи рагьила нужее: киналго гуро нилъ холел, амма ахирзаманалда ссур пураб мехалъ, бер къапизегІан заман иналде, хиса-сверула нилъ. Ссур пула ва хварал тІаде рахъинарула. Хвел гьечІеллъун рахъина гьел тІаде. Нилъги хиса-сверила. Гьаб нижеца нужеда малъулеб буго ТІадегІанасул рагІуда рекъон: ТІадегІанав вачІинегІан чІаго хутІаниги, хвараздаса цере ккеларо нилъ. Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. Цинги нилъ – чІаго хутІаралги гьезда цадахъ Аллагьас накІкІазда аскІоре зобалазде ракІарила ТІадегІанасда дандчІвазе. Гьедин абадиялъго нилъ ТІадегІанасда цадахъ рукІина.
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Выбор основного перевода