Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
«Мунги, Бетлегьем, Ягьудал наслуялъул ракьалдайин бугеб, Ягьудал наслуялъул ракьалда ругел аслиял шагьараздаса къураб жо щибниги гьечІебин дур. Дур гьенив вахъина Дир хирияб Исраилил халкъалъул тІалаб гьабулев Цевехъан». Дица дуе дугІа гьабуна мун иманалдаса ватІалъунгутІизе, цинги дида аскІове тІадвуссараб мехалъ, дурго вацазул ракІбатизабе. Воре, нужго цІуне! ГІисаца жиндирго биги тІун босараб ва Илагьияб РухІалъ нужеда тІадкъараб Аллагьасде иман лъуразул агьлуги, вехьас гІиял рехъен гІадин, цІуне нужеца. Нужго гІадин, иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъун вугев, МасихІица хІехьараб гІазаб-гІакъубаги бихьарав ва загьирлъизе бугеб къудраталъул ирсги насиблъулев дица нужер агьлуялъул бутІрузда гьарулеб буго: Аллагьас нужехъе кьураб рехъае вехьлъи гьабе, Аллагь разилъиледухъ гьелъул тІалабги гьабе, нужеда тІадаб бугилан гуреб, – рекІелъ рокьигун, ужра-мухьалде хьул лъун гуреб, – Аллагьасе хъулухъ гьабизе бугеб гъира-шавкъгун. Нужеда божун таразе ханлъи гьабуге, рехъадулъ ругезе мисал бихьизабе. КІудияв Вехь тІаде вачІараб мехалъ, гьес нужер ботІрода лъела киданиги холареб таж. Тахил бакьулъ бугеб КьегІер гьезул вехьлъун лъугьунелъулха. Гьелъ рачина гьел маулхІаяталъул иццухъе, Аллагьас гьезул бадиса щибаб магІил гороги бацІцІина».
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Выбор основного перевода