ГІисаца абуна: – Дие гІоло рухІ кьезе хІадурав чийищха мун? ХІакълъун абулеб буго дица дуда: хІелеко бахъиналде лъабцІул инкар гьабила дуца дидаса.
Нижеда бичІчІана дуе суал кьелалдего дуда кинабго лъалеблъи. Гьединлъидал ниж божула мун Аллагьас витІарав вукІиналда.
КІиабизеги гьикъана ГІисаца гьесда: – Я, Иоаннил вас Симон, дуе дун вокьулевищ? – Вокьула, дир ТІадегІанав. Дуда лъалагури дие мун вокьулевлъи. ГІисаца гьесда абуна: – Дир чахъабазул тІалаб гьабе дуца.