Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: – Я ТІухьдузда бугеб лъангутІиялъ, я Аллагьасул къудраталда божунгутІиялъ къосинарун руго нуж. Гьединаб гІазаб-гІакъуба гурищ МасихІица хІехьезе кколеб букІараб, гьедин гурищ МасихІ машгьурлъизе кколев вукІарав? Мусадасан байбихьун цогидал аварагзабиги ракІалде щвезарун, МасихІил хІакъалъулъ Илагьияб ТІехьалда хъван бугебщинаб жо бичІчІизабуна гьес гьазда. Гьес абуна: – ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. РухІ бахъиялъул гІазабалдаса хвасар гьавун, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна, хвалил рахсазда кквезе кІвечІелъул. Гьесул хІакъалъулъ Давудица гьадин абун бугелъулха: «БетІергьан кидаго дир берзукь вуго. Дун тарунгутІизе, хъущтІунгутІизе дир кваранаб рахъалда чІун вуго гьев. Гьелъ дир ракІ аваданлъизабуна. Дир кІалдисан унеб рагІиги рохалилаб буго. ХІатта дир напсгицин гьанже хьулазда букІина. Щайгурелъул дуца дир рухІ хабалъ теларо, дурго ракІбацІцІадав лагъ ракьул гвандинив туризавиларо. Дуца дида гІумруялъул Нух бихьизабуна. Мун дида аскІов вугеб мехалъ рохалил цІела дир ракІ». Я, вацал! Нилъер цо кьолбол кІудияв эмен Давудил хІакъалъулъ гьадин абунилан гІайиб гьабуге: гьев хвана, хабалъ букъана гьесул черх, гьесул хоб бугеб бакІги лъала нилъеда жакъа къоялдаги. Гьев авараг вукІиндал, гьесда лъалаан Аллагьас гьесие гьедун къотІи гьабун букІин гьесул кьибилалда вижарав цояв жиндир тахида гІодов чІезавилилан. Цебеккунго Давудида лъалеб букІана МасихІ хваралъуса вахъинавизе вукІин: гьев хабалъ толарилан ва гьесул черх туруларинги абун букІана. Гьев ГІиса Аллагьас хваралъуса вахъинавуна, гьале ниж киналго руго гьелъие нугІзаллъун. Гьев хабалъ лъуна. ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинавуна.
Выбор основного перевода