ГІисаца гьезда абуна: – Нуж хІинкъуге! Инеги ун, дир вацазда абе Галилеялде аян. Дова вихьила гьезда дун.
Инеги ун, гьелъ ккараб иш бицана цере ГІисада цадахъ рукІаразда – гьесда хадуб ракІ бухІун гІодилел рукІаразда.
Гьел руччаби рукІана: Магдалаялдаса Марямги, Иоаннаги, Якъубил эбел Марямги ва цогидалги – гьезин бицараб гьеб чапарзабазда.
Гьебго къоялъ ГІисал кІиго мурид унев вукІана Иерусалималдаса анцІила цо километралъ рикІкІад бугеб Эммаус абулеб росулъе.