Анкьил тІоцебесеб гьебго къоялъул маркІачІумехалъ ягьудияз жидеего зарал гьабилилан хІинкъун, нахъасан нуцІаги рахан муридал ругеб мехалъ, жаниве лъугьун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса.
– Ракълида хутІаги! – ян такрарги гьабун, ГІисаца гьезда абуна: – Дир Инсуца дун витІарав гІадин, дица нужги ритІулел руго.