Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
гьеб букъула кьурулъ бикІун жиндиего хІадурун букІараб хабалазул нохъода цІияб хабалъ. Нохъодул кІалтІе цо кІудияб гамачІги гиризабун тун, гьев нахъе ана. Инеги ун, гьез хоб цІунизе тадбир гьабуна: ганчІида мугьру чІвана ва гьенир хъаравулзаби тана. Анкьил тІоцебесеб гьебго къоялъул маркІачІумехалъ ягьудияз жидеего зарал гьабилилан хІинкъун, нахъасан нуцІаги рахан муридал ругеб мехалъ, жаниве лъугьун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса. Цо гьатІан къоялъ бекун чед кваназе данделъана ниж, цинги вацалгун гара-чІваризе лъугьана Павел. Нахъисеб къоялъ къватІиве вахъине къачІарав Павелица сордо бащалъизегІан бицана хабар.
Выбор основного перевода