Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида хадур магІаби гьарун гІодила нуж. Амма гІалам бохила. Нуж пашманлъила, амма гьеб нужер пашманлъи рохелалде сверила. Гьедин нужги гьанже пашманго руго, амма нахъеги дида нуж рихьараб мехалъ, рохалил цІела нужер ракІал ва гьеб рохелги нужехъа лъицаниги бахъиларо. Амма цояс гьесул хьолболъ хеч тункана. Ругънадасан гьулчун бачІана биги лъимги. ТІадегІанав ГІиса вихьанин жидедаян бицана цогидал муридаз Фомада. Амма гьес абуна, гьесул кверазда магІазул ругънал жиндаго рихьизегІан, магІаз лъурал ругъназда килищги хъвазегІан, хочоца лъураб ругънада кверги хъвазегІан, жив божиларилан. Цинги гьес Фомада абуна: – Бихьея, дур килищ кье дир кверазда ругел ругъназда хъвазе, дур кверги кье дихъе дир хьолбода бугеб ругънада лъезе. Дун чІаго вукІиналда щаклъуге, божа мун гьелда.
Выбор основного перевода