Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Зобалаздасан гьениве рещтІун вуго Бичасул малаик. Хабал картІида цун лъун букІараб гамачІги нахъе босун, гьелда тІад гьев гІодов чІедал, кутакалда ракь багъарана. Пириялъул гІадаб сурат букІана гьев малаикасул, гІазухъахІаб ретІелги букІана гьесда тІад. Гьел руччабазда малаикас абуна: – Нуж хІинкъуге! Хъанчида ван хвезавурав ГІиса нужеца валагьулев вукІин лъала дида. Жанире лъугьиндал, гьезда гьенив кваранаб рахъалда гІодов чІун ватана хъахІаб гІаба ретІарав цо гІолохъанчи. РакІ гъанцІун лъугьана гьел. Гьелда хІикмалъун, хаган гьел рукІаго, гьале гьезда цеве чІана цІакъго кенчІолел гІабаби ретІарав кІиго чи.
Выбор основного перевода