Нилъеда лъала нилъ хвалдаса гІумруялде рачІараллъи ва гьебги загьирлъана вацал рокьиялдалъун. Рокьуларев – хвалил кверщаликь хутІула.
Дие Аллагь вокьулинги абун, жиндирго вац рихарав чи гьерсихъан вуго. Жиндаго вихьулев вац вокьуларев чиясе вихьуларев Аллагь вокьизе рес гьечІелъул.