Гьединлъидал дир гьал рагІабазухъ гІенеккарав ва гьел тІуразарулевщинав чи релълъуна, тІалде щвезегІан кьучІги бухъун, мина барав цІодорав чиясда.
Гьес абуна: – Дагьалги цІикІкІун гьардарал гурищ Аллагьасул рагІи рагІулел ва гьелда рекъон хьвадулел гІадамал!
Камилаб къануналъул – инсан эркенлъизавулеб къануналъул – матІуялъуве валагьун, гьеб къанун тавакалго цІунулев ва рагІарабщинабги кІочон течІого тІубазабулев чияс щиб гьабулеб бугониги, Аллагьас гьесда баркат лъела.