Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
ГІисаца гьезда абуна: – ГІадамил Лъимер машгьурлъизе заман щун буго. Муридазе гьеб хабар бицун бахъарабго, зобалаздеги валагьун, ГІисаца абуна: – Я, дир Эмен! Дир болжал тІаде щвана. Дурго Вас машгьурлъизаве, гьес мунги машгьурлъизавизе. ТІолабго гІаламалда тІад ихтияр кьуна дуца гьесие, дуца жиндихъе кьуралщиназе Васас абадияб гІумру насиблъизабизе. Абадияб гІумру ккола ХІакъав ва Цогояв Аллагь мунги ва дуца витІарав МасихІ ГІисаги лъай. Дуца тІадкъараб ишги тІубазабун, дица гьаб ракьалда мун машгьурлъизавуна. Я, дир Эмен! Гьаб дуниял бижилелдего, дун дуда аскІов вукІараб мехалъ, дир букІараб машгьурлъиялдалъун машгьурлъизаве гьанжеги дуца дун.
Выбор основного перевода