– Гьеб нах бичун букІарабани, лъабнусго динар щвелаангури ва мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан гьеб.
(Мискинзабазул ургъел ккун гуро Ягьудаца гьедин абураб. ЦІогьор вукІана гьев. Киназулго гІахьалаб гІарац жаниб лъураб таргьа Ягьудахъ букІана, гьеб гІарацгицин ккезабулаан гьес жиндирго чвантинибе.)