МасихІ ГІисалъ букІараб гІадинаб пикру букІа абе нужелъги.
Нужеца цоцазда гьоркьоб сабру цІунизе ккола ва цоцазул гІайиб-хатІаялда тІасалъугьинеги ккола – БетІергьан нужеда тІасалъугьана, нужги цоцазда тІасалъугьа.
Мажусиязда гьоркьор цІакъго лъикІ хьвадизе ккола нуж, нужеца квешлъи гьабунилан гьез нужеда гІайиб чІвараб мехалъгицин, жидее лъикІлъи гурони гьабичІин нужецайилан мукІурлъун, ГІиса МасихІ ракьалде вачІараб къоялъ гьез Аллагьасе рецц гьабизе.