Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Эбелги жиндие вокьулев муридги гьенир чІун рихьидал, жиндирго эбелалда ГІисаца абуна: – Я, дир эбел! Гьалеха дур вас! – ан. Екерун ун гьелъ Симон Пётридаги ва ГІисае вокьулев вукІарав дов муридасдаги бицана ТІадегІанав ГІиса хабалъ гьечІин, гьениса восун кив гьев лъуравалиги лъаларин нижеда. ГІисае вокьулев вукІарав муридас Пётрида абуна ТІадегІанав вугин довилан. ТІадегІанав абураб рагІи гьесул кІалдиса къватІибе бачІарабго, Симон Пётрица ретІел ретІана (хІалтІулеб мехалъ ретІел бахъун букІана гьес) ва лъадалъе кІанцІун рагІалде лъедезе лъугьана. Нахъехун вуссиндал, Пётрида вихьана ГІисае вокьулев, ахирисеб сордоялъ дора кваналел рукІаго, гьесул каранде къулун: «Я, ТІадегІанав, щив дуе хилиплъизе вугев?» – ан гьикъарав мурид жидеда хадув вачІунев.
Выбор основного перевода