Гьедин Давудица жинцаго МасихІиде жиндир БетІергьанилан абулеб бугони, Давудил вас кин гьев кколев? ГІемераб халкъ букІана ГІисал гьединал вагІзабазухъ гъира-цІаялда гІенеккун.
Цинги ГІисаца ахІана: – Лазар! КъватІиве вачІа! – ян.
Кверазда ва бохдузда мусралги жемухъего хабалъа къватІиве лъугьун вачІана Лазар. КвербацІцІалъ бухьун гьумерги букІана гьесул. – Гьасдаса мусрал риче, – ян абуна ГІисаца, – ва рокъове ваче.