Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьале гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьесдаса вохун вуго дун! ГІисадехун Пётр гьедин кІалъалев вукІаго, гьале цо гвангъараб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел. Гьале гьеб накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас, гьасдаса вохун вуго Дун! Гьасухъ гІенекке нуж! Цинги гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! Гьебмехалъ цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел ва накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж! миккидул сураталда Илагьияб РухІ рещтІана гьесухъе ва зобалаздасан гьаракьги рагІана: – Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! Цинги накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав ккола дица витІизе тІаса вищарав дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж! Цоги ГІисаца гьесда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица дуда: дуда зобал кІирикьулел рихьила ва гьенисан ГІадамил Лъимадухъе рачІунел-унел Бичасул малаикзабиги рихьила. Дун витІарав дир Инсуцаги нугІлъи гьабулеб буго дие пайдаялъе. Нужеда лъиданиги я рагІичІо, я вихьичІо гьев киданиги. Ягьуда къватІиве аравго, ГІисаца абуна: – ГІадамил Лъимер машгьурлъана гьабсагІат. Гьесдалъун Аллагьги машгьурлъана. Дуца тІадкъараб ишги тІубазабун, дица гьаб ракьалда мун машгьурлъизавуна. Я, дир Эмен! Гьаб дуниял бижилелдего, дун дуда аскІов вукІараб мехалъ, дир букІараб машгьурлъиялдалъун машгьурлъизаве гьанжеги дуца дун.
Выбор основного перевода