Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Цересел аварагзабазул хобазда тІад мазарал гьарулел руго нужеца, вализабазул хобазда занал чІвалел руго. Хадув хважаинас гьев веццулаан, сихІиргони гьабунин гьес гьеб ишилан. Гьедин гьаб дуниялалъул рукъ къачІалел чагІи жалго гІадал гІадамазда гьоркьор гІемерго сихІирал руго, ахираталъул рукъ къачІалездаса. Гьесда речІчІизе ганчІал кодоре росана гьебмехалъ ягьудияз. ГІиса гІадамазул руккалилъ вахчана ва Мукъадасаб Рокъоса къватІиве ана. Цере нуж бецІлъукь рукІана, гьанже ТІадегІанасде цолъун ругелъул, нурлъун лъугьана. Нуралъ гвангъизарурал гІадамал гІадин хьваде.
Выбор основного перевода