Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьале гьеб шагьаралдаса цо мунагьал гІемерай гІадан, ГІиса гьев фарисеясул бакІалда вукІинги лъан, махІгьуинаб нахул цІун щагІил сурахІигун, ячІана. Гьесда нахъехунги чІун, гІодулаго магІица гьесул хІатІал риччизаруна гьелъ, жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел, убачал гьарулаго доб махІгьуинаб нахги бахана гьесул хІатІазда. Гьеб бихьидал, ГІиса кванде ахІарав фарисеясда ракІалде ккана, гьав чи авараг вукІаравани, гьасда лъалаанин кинай гІаданалъ жинда квер хъвалеб бугебали. Мунагьазул цІурай гІаданлъидалха гьей йигей. Бетания шагьаралдаса Лазарилан абулев цо чи унтун вукІана. Цинги ГІисаца ахІана: – Лазар! КъватІиве вачІа! – ян. Кверазда ва бохдузда мусралги жемухъего хабалъа къватІиве лъугьун вачІана Лазар. КвербацІцІалъ бухьун гьумерги букІана гьесул. – Гьасдаса мусрал риче, – ян абуна ГІисаца, – ва рокъове ваче. ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІана. Улкаялъул киналго бакІаздаса гІемерал гІадамал Иерусалималде рачІунел рукІана Пасха тІаде щвелалде жалго рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе.
Выбор основного перевода