Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьале гьеб шагьаралдаса цо мунагьал гІемерай гІадан, ГІиса гьев фарисеясул бакІалда вукІинги лъан, махІгьуинаб нахул цІун щагІил сурахІигун, ячІана. Гьесда нахъехунги чІун, гІодулаго магІица гьесул хІатІал риччизаруна гьелъ, жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел, убачал гьарулаго доб махІгьуинаб нахги бахана гьесул хІатІазда. Гьеб Бетаниялда яшав гьабун рукІана цо Марям абулей гІаданги гьелъул яц Мартаги. Гьеле гьей Марямицайин ГІисал хІатІазда махІ гьуинаб нах бахараб ва жиндирго ботІрол расуца гьел ракъвазарурал. Гьелъул вац вукІана Лазар.
Выбор основного перевода