Нужер хІакъалъулъги гІемераб жо бицине кІвелаан дида ва суд гьабизеги кІвелаан. Амма дица гьаб халкъалъе бицунеб буго дун витІарав Аллагьасдасан рагІарабщинаб. ЦІакъ ритІухъавин гьев вугев!
Цоги ГІисаца абуна: – ГІадамил Лъимер борхатаб бакІалде вахинавидал, лъала Дов – Дун вукІин, дунго лъикІав лъугьун дица щибниги гьабулеб букІинчІеблъи, дир Инсуца дида малъухъе дица нужедаги бицунеб букІараблъи.
ГІисаца жаваб кьуна: – Дун вуго нух. Дун вуго хІакъикъат. Дун вуго чІаголъи. Дидалъун гурони цониги инсан дир Инсухъе вачІине гьечІо.