Мисалал рачун бицуна дица гьезие, ралагьун ругониги гьезда бихьуларелъул, гІенеккун ругониги гьезда я рагІуларелъул, я бичІчІуларелъул.
Гьезухъ балагьун ритІухълъула Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима: «ГІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо.
ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги рагІунгутІизе, бичІчІунгутІизе. Гьедин букІинчІебани, гьел Аллагьасде руссинаан ва гьезул мунагьалги чурилаан.
ГІисаца абуна: – Нуж руго Аллагьасул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма цогидазе – мисалаздалъун кьун буго, ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги бичІчІунгутІизе.
«Бичас гьел гІадамал бецлъизаруна, ГанчІил ракІал лъуна гьезул чурхдузулъ: Бецлъарал беразда бихьунгутІизе, ГанчІилал ракІазда бичІчІунгутІизе. Гуребани, диде руссинаан гьел, Сахлъизарилаан цинги дица гьел».