Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ТІад цІибил бижуларел дир чІорал гьес къунцІун нахъе рехула. ЦІибил бижулел чІорал гьес кІурула, гьезда тІад дагьабги цІикІкІун цІибил бижизе. Нуж дилъ рукІа, дун нужелъги вукІина. Гъабудаса къунцІараб чІоралда цІибил бижулареб гІадин, дилъ рукІинчІони, нужедасаги щибго пайда букІинаро. Гьеб дица бихьизабураб нухдаса кьуричІого чІани, нуж хвасарлъула. Гурони – нужер божи-иман гІадада ккола. МасихІ вуго Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъул бетІерлъуда тарав хилиплъуларев вас. Гьеб Аллагьасул мина ккола нилъ, – нилъер хьул лъолелдаги нилъерго бахІарчилъиялдаги ракІчІей бугони. МасихІилгун гІахьалаб ирс насиблъула нилъее киназего, доб тІоцебе букІараб ракІчІей ахиралде щвезегІан щулалъизабуни.
Выбор основного перевода