Сайигъат гуро хІалтІухъанасе кьолеб мухь – гьесие кколеб харж буго.
Амма инсанас, жиндирго ишазда гуреб, мунагьазул цІуралги ритІухъаллъун гьарулев Аллагьасде лъураб иманалда мугъчІвалеб бугони, гьесул божи-иман сабаблъун, Аллагьас гьев рикІкІуна жиндие ритІухъав чилъун.
Щай гурелъул Къануналдасан щвараб ирс – гьеб кколаро Аллагьас рагІи кьун букІиндал щвараб ирслъун. Амма Ибрагьимиде Аллагьас баркат рещтІинабуна жинца кьураб рагІуда рекъон.
Къанун цІуниялдалъун Аллагьасда цере ритІухълъизе бокьарал нуж МасихІидаса ратІалъана. Баркаталдасаги тІуна нуж.