Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ХІасил, нужеда кІочон тоге нуж жугьутІаллъун рижун рукІинчІолъиги, чорхол лага къотІун сунат гьабуралилан абулез нужеда «сунат гьабичІелилан» цІар лъун букІараблъиги. Доб мехалда нуж МасихІидаса рикІкІад рукІана. Исраилил халкъалъеги чияраллъун рукІана нуж. Гьеб халкъалъе Аллагьас гьарун рукІарал къотІабиги кьун букІараб рагІиги нужеда хъатІулароан. Гьаб дуниялалда нуж рукІана хьул лъезе бакІги гьечІел Аллагьги гьечІел гІадамал. Цере Аллагьасдаса рикІкІад рукІарал нуж, гьанже МасихІиде цолъун, гІагарлъана, – нужедасан къурбанлъун хварав МасихІил би сабаблъун. Гьес нилъ рекъезаруна, жугьутІалги жугьутІал гурелги цого халкълъун лъугьинабуна, нилъеда гьоркьоб букІараб тушманлъиялъул къедги биххизабуна. КІиго халкъги ракълидалъун жиндилъго цолъизабун, цо цІияб халкъ лъугьинабизелъун Къануналъул рихьизариялги къагІидабиги риххизаруна гьес, – жиндирго черхги къурбанлъун гьабун. Хъанчида ван хвеялдалъун цого чорхолъ кІиго халкъ Аллагьгун рекъезабуна гьес, хъанчида тІадго чІвана гьезул тушманлъиги. ВачІун гьес ракълил рохел бицана Аллагьасдаса рикІкІалъун рукІарал нужедаги ва гьесде гІагарлъун рукІараздаги. Гьединлъидал гьесдалъун цого РухІалъул цІурал нилъее (жугьутІазеги цогидал халкъазеги) рес щвана Инсухъе ине. ХІасил, гьанже нуж чиярал гуро, апарагзабиги гуро. Иман лъуразул агьлуялда гъорлъ ихтияр бащадал гІадамал руго нужги ва Аллагьас жиндираллъунги гьарун руго.
Выбор основного перевода