Щайгурелъул гьав дир вас хун вукІана, гьанже чІаголъун вуго, гьав вилун-тІагІун вукІана, гьанже ватун вуго. Кутакаб рохел-ихтилат гьабизе байбихьун буго гьез.
Амма нилъеца рохалил бертин-той гьабизе ккола, гьав дур вац хун вукІун, гьанже чІаголъун вугелъул, вилун-тІагІун вукІун, гьанже ватун вугелъул.
Аллагьас МасихІидалъун Живгун рекъезабуна тІолабго гІалам, гьезул мунагьалги рикІкІинчІо Гьес. ГІадамал рекъезареян амруги гьабуна Гьес нилъее.