Цоцазда гьоркьор ракІ разияб ракълида рукІа. ЧІухІи гьабуге, гІадатиял гІадамазулгун гьудуллъи гьабичІого тоге. Нужго гІакъилал чагІийилан, гІамал кІодолъун лъугьунге.
Нужер божи-иманалда тІад тарал хъаравулзаби гурелъулха ниж, нужер рохелалъе квербакъулел чагІийин! Нужер божи-иманин абуни, щулалъун буго.