Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
Нилъер ТІадегІанав МасихІие гуребха гьез хъулухъ гьабулеб, жидерго квешал къасдазейин. Бадибе рецц гьабун ва бахьинго кІалъан гуккула гьез жагьилзаби. Бегьулебилан рикІкІунебги бегьуларебилан рикІкІунебги кваналеб букІин гьел иман загІипазе нухда хІетІе тункулеб гамачІлъун лъугьине гурин. Гьедин, лъималлъун ругеб заманалда нилъги рукІана дуниялалъул тІабигІиял къуватазул кверщаликь. Карачалаби гьелчезарулеб гьороца кинигин, диналъул батІи-батІияб чвахиялъ росун унел лъимал гІадинал гІадамаллъун рукІине бегьуларо гьанже нилъ. Гьел бигьаго гуккула хІилла-макруялъе махщел бугел гьерсихъабаз. Гьерсица гуккизе чІоге. МутІигІлъуларезде Аллагьасул ццин рещтІинабула гьелъ. ЛъикІабилан кколеб хабар бицун, лъицаниги нуж гуккунгутІизе абулеб буго дица гьадин. Гьединлъидал квана-гьекъеялда, моцІ цІилъиялда ва шамат къоялда хурхарал, гьединалго цогидалги киналалиго байрамазул къанун нужеца хвезабулеб бугилан лъицаниги гІайиб чІвагеян абе. МасихІида цадахъ хун, дуниялалъул кверщел кодосел рухІазул лагълъиялдаса тархъанлъарал нужеца щай гьабизе кколеб дуниялалда ругезулго гІадинаб гІумру?
Выбор основного перевода