Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
РухІ бахъиялъул гІазабалдаса хвасар гьавун, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна, хвалил рахсазда кквезе кІвечІелъул. Лъадаца чурун хвел гІахьалаблъун гьабидал, гьесда цадахъ хабалъги рукъана нилъ. Инсул кІудияб къудраталдалъун хваралъуса вахъинавурав МасихІида релълъун, гьанже нилъедаги кІола цІияб гІумру гьабизе. Гьедин МасихІил хвелалдалъун нилъ гьевгун цолъун ругони, гьайгьай, чІаголъизариялдалъунги цолъила нилъ гьевгун. Зоб-ракьалда бижанщинаб МасихІиде цолъизабиялъул ва киналъулго бетІерлъун гьев гьавиялъул мурад Аллагьас тІубазабула болжал щвараб мехалда. МасихІ сабаблъун Аллагьас нилъ тІаса рищана жиндирго халкълъун рукІине. Жиндиего бокьухъе кинабго гьабулесул къадар букІана гьесул къудраталъе рецц гьабулеллъун ниж лъугьине. ТІоцебе МасихІиде хьул лъурал гІадамал ниж ругелъулха! Нуж хвасарлъанилан Рохалил хабарлъун бугеб ритІухъаб рагІи рагІараб мехалъин нуж МасихІиде цолъарал. МасихІиде иман лъедал, нужедаги Илагьияб РухІалъул мугьру чІвана. Аллагьас жиндирго халкъ тархъан гьабураб ва жиндие цІар-рецц гІемерлъараб мехалда нилъееги ирс щвезе букІиналъул гІаламатлъун буго гьеб Илагьияб РухІ. Гьединлъидал, ТІадегІанав ГІисаде нужеца иман лъунин рагІаралдаса ва иман лъуразул агьлуялдего нужер рекІелъ рокьи букІинги лъаралдаса хадуб, дугІадулъ нужги рехсон, дица кидаго Аллагьасе рецц гьабула. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эменлъун вугев къудратав Аллагьас нужеде рещтІинабеги гІакъиллъи щвезабулеб ва балъгоябги загьирлъулеб РухІ. Гьелъ рачина нуж Аллагь лъаялде. Аллагьас нужер рекІедаги канлъи бихьизабеги. Гьебмехалда бичІчІила сунде хьул лъезе нуж гьес ахІулел ругелали, иман лъуразул агьлуялъе гьесул илагьияб ирсги кигІан бечедаб бугебали. Бицун хІалкІоларебгІан кІудияб гьесул къуват нилъелъ, жиндир къудраталдалъун иман лъуразулъ, букІинги бичІчІила. Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав.
Выбор основного перевода