Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
ТІадегІанав сабаблъун жанив тІамурав дица нужеда гьарулеб буго Аллагьас нуж тІаса рищун рукІиналъе мустахІикъаб куцалда хьвадейилан. Гьале дица нужеда абулеб ва ТІадегІанасул цІар рехсон лъазабулеб буго мекъаб-тІекъаб гурони гІакълу гьечІел мажусиял гІадин нуж хьвадугейилан! Амма гьедин хьвадизе гуро нужеда МасихІил хІакъалъулъ бицун букІараб. Ахиралдаги, вацал, нижедасан ругьунлъараб къагІидаялъ, гьанжелъизегІан хьвадаралго гІадин, гьанжеялдаса хадурги нуж Аллагь разилъиледухъ дагьалги лъикІ хьвадейилан ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьарулеб буго нижеца нужеда.
Выбор основного перевода