Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
Божи-иман загІипав чи нужехъего ваче, гьесул пикрабазухъ балагьун дагІбадизе-къацандизе лъугьунге. Масала, цоясул божи-иманалъ гьесие изну кьола бокьа-бокьараб квен кваназе. Амма цогидав божи-иман загІипав чияс гьан кваналаро. Бокьараб квен кваналес хІакъир гьавизе бегьуларо гьеб кваналарев чи. Бокьараб квен кваналарес гьеб кваналесда гІайиб чІвазеги бегьуларо, – гьевги Аллагьас къабул гьавунлъидал вугев. Дур ихтияр щиб чияр лагъасда гІайиб чІвазе? Квеш хьваданиги, лъикІ хьваданиги, бетІергьанас тІубала гьесул иш. ХІакълъунго лъикІ хьвадила гьев. БетІергьанасда хІалкІолелъул гьев лъикІ хьвадизавизе. Цояс рикІкІуна пуланаб къо цогидаздаса хирияб бугилан. Цогидасе киналго къоязул батІалъи гьечІо. Виччанте щивав чи жиндир гІакълу нахъгІунтІараб къагІидаялъ хьвадизе. Пуланаб къо хирияб бугилан рикІкІунес гьеб гьабула ТІадегІанасе гІоло. Гьан кваналесги гьеб кванала ТІадегІанасе гІоло, кванан вахъараб мехалъ гьесие рецц гьабулелъул. Гьан кваналаресги гьеб кваналаро ТІадегІанасе гІоло – гьесги Аллагьасе рецц гьабулелъул. Нилъеда гьоркьов цониги чи гьечІо цохІо жиндиего гІоло гІумру гьабулев, нилъеда гьоркьоса цониги чи цохІо жиндиего гІоло хвезеги холаро. Нилъ чІаго ругеб заманаялъ, нилъ рукІуна ТІадегІанасе гІоло гІумру гьабулел. Хвезеги нилъ ТІадегІанасе гІоло хола. ЧІаго ругониги, хун ругониги – ТІадегІанасул халкъ буго нилъ. Щайин абуни, МасихІ хвана ва чІаголъана хваразулги чІагоязулги ТІадегІанавлъун лъугьине. Щай дуца дурго диналъул вацазда гІайиб чІвалеб? Яги щай дуца гьел хІакъир гьарулел? Нилъее киназего суд Аллагьасин гьабизе бугеб. ТІухьдузда хъван буго: «Дун чІаго вукІин хІакъаб бугеб гІадин, щибаб наслуялъ дие сужда гьабизе букІинги, щибаб мацІалда Аллагьасе рецц гьабизе букІинги хІакъаб бугилан гьедулев вуго БетІергьан». Нилъер щивав чияс жинцаго кьела Аллагьасда цебе жаваб. Нужеца хирияллъун рикІкІунел руго цо хасал къоял, моцІал, лъагІалил заманаби ва лъагІелал. Дун хІинкъун вуго нужее гІоло гьабщинаб захІмат баччи гІададацин гуродай дир ккарабилан.
Выбор основного перевода