Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
ГІаламалда нуж рихине рес гьечІо, амма дун гІаламалда рихун вуго. Дица нугІлъи гьабулеб бугелъул гІаламалъулго квешал ишазе. Яги нужеда кІочонищ тараб ГІиса МасихІгун цолъизе нилъ лъадаца чурараб заман? Гьеле гьедин нилъги лъадаца чуридал, гьесул хвел нилъееги гІахьалаблъун лъугьана. Гьедин МасихІил хвелалдалъун нилъ гьевгун цолъун ругони, гьайгьай, чІаголъизариялдалъунги цолъила нилъ гьевгун. Гьединго нужги хвана, вацал, гьеб Къануналъе, – МасихІил чорхол лагалъун лъугьун, нуж цогидасухъе, ай хваралъуса вахъинавурасухъе, ине, цинги лъикІал ишаздалъун Аллагьасе хъулухъ гьабизе.
Выбор основного перевода