Нилъер ТІадегІанав МасихІие гуребха гьез хъулухъ гьабулеб, жидерго квешал къасдазейин. Бадибе рецц гьабун ва бахьинго кІалъан гуккула гьез жагьилзаби.
Гьел руго гьересичапарзаби, яхІ-намус гьечІел хІалтІухъаби. МасихІил чапарзаби ругилан чІарал чагІи руго гьел.
Карачалаби гьелчезарулеб гьороца кинигин, диналъул батІи-батІияб чвахиялъ росун унел лъимал гІадинал гІадамаллъун рукІине бегьуларо гьанже нилъ. Гьел бигьаго гуккула хІилла-макруялъе махщел бугел гьерсихъабаз.
Гьале дица нужеда абулеб ва ТІадегІанасул цІар рехсон лъазабулеб буго мекъаб-тІекъаб гурони гІакълу гьечІел мажусиял гІадин нуж хьвадугейилан!
Гьерсица гуккизе чІоге. МутІигІлъуларезде Аллагьасул ццин рещтІинабула гьелъ.