Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Нилъер мунагьаб напс загІипаб бугелъул, Къануналда гьабизе кІвечІебги Аллагьас гьабуна. Инсанасул мунагьаб черхалда релълъараб черх бугев жиндирго Вас витІана гьес мунагьал чуриялъе къурбанлъун. Гьедин тамихІ гьабуна Аллагьас инсанасулъ бугеб мунагьалъе. Амма Аллагь вокьулев чи Аллагьасда лъала. Вай, нуж гІакълу гьечІел галатиял! ГІажаибго хиса-сверана нуж. Нужер беразда цеве ГІиса МасихІ хъанчида ван вихьарал гІадинал гІадамал гурищ нуж рукІарал. Дир цо суалалъе жаваб кье нужеца: Къануналъ малъарал жал гьариялдалъунищ нужее Илагьияб РухІ щвараб, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божиялдалъунищ? ГьедигІанго гІантал гІадамалищха нуж? РухІалдасан байбихьарал нужеца мунагьаб напсалдалъун лъугІизабулебищ бугеб?
Выбор основного перевода